МКОУ "Унцукульская СОШ №1"
с. Унцукуль, Унцукульский район, Республика Дагестан
  • Рахьдал Мац1азул Къо.

    Талих|алъул рогьел, рогьалил гьава Бокьула мун дие, дир маг1арул мац|! Гьаб мац|алъ куцарал васалгун ясал Гьарзалъайги дуе, дир маг1арул мац|! Жакъа, 21 февралалда, ЮНЕСКОялъул бихьизабиялда рекъон т1олабго дунялалъ к1одо гьабула Рахьдал Мац1азул Къо. Щиб кколеб Рахьдал мац1? Гьеб буго нилъер умумузухъан нилъее щвараб, нилъер эбелалъулги инсулги мац1. Гьеб мац1алъ к1алъан нилъ цоцада рич1ч1ула. Мац1 лъаялъеги, гьеб бициналъеги, гьелде рокьи бижизабиялъеги кьуч1 лъолеб бак1 ккола - хъизан, хадуб гьелдехун рокьи щула гьабиялъе квер бакъулеб бак1 ккола яслъи-ах ва школа. 20 февралалда Рахьдал мац1азул къо к1одо гьабиялда хурхун нижер Унсоколо №1 гьоркьохъеб школалда гьаризе ругел тадбирал лъималазда рицана директорасул заместитель Абдулаев А.А., авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алим Абдулаева А.В. Т1орит1изе ругел тадбиразул мурадги буго: рахьдал мац1алдехун рокьи бижизаби, мац1 ц1уни щибав чиясда т1адаб борч бук1ин лъималазда бич1ч1изаби.

    Сайт использует сервис веб-аналитики Яндекс Метрика с помощью технологии «cookie», чтобы пользоваться сайтом было удобнее. Вы можете запретить обработку cookies в настройках браузера. Подробнее в Политике